Нужер жигарчилъи чучлъизе тоге, Аллагьасе хъулухъ гьабизе рухІанияб хІаракатги загІиплъизе биччаге.
Дида лъала дур ишалги, дур захІматаб хІалтІиги, дур сабруги. Дида лъала нужедаго гьоркьоре квешал гІадамал дуца риччалареблъи. Дуца хІалбихьана жал чапарзаби ругилан абулезул (гьел дир чапарзаби гурелха!), ва дуда гьел гьерсихъаби ратана.
Сардисалда ругел иман лъуразул агьлуялде витІарав чапарасухъе хъвай: «Аллагьасул анкьго кІудияв малаик жинда аскІов вугес, жиндихъ анкьго цІваги бугес гьадин абулеб буго: Дида лъала дур ишал. Дур рахъалъ абулеб буго мун чІаго вугилан, амма хун вугевха мун.