Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Базаралдаса руссараб мехалъги гьел кверал чуричІого кваналаро. Цогиги гІемер руго гьез цІунарал гІадатал. Масала, мухІканго чурула суркІа-щурун, парччи-гулгун, пахьул хьагал.) Гьединлъидал фарисеязги диниял гІалимзабазги ГІисада гьикъула: – Умумузул динияб гІадатги цІуничІого щай дур муридал чуричІел квераз кваналел ругел? ГІисаца жаваб кьуна: – Нуж гІадинал ххвелал гьаризе бокьулел чагІазул хІакъалъулъ цІакъ битІун абун бугебха Ишая аварагасул тІехьалда: «Гьел гІадамазул кІалалъ Дир цІар гІемер рехсола, Амма ракІални гьезул рикІкІад руго Дидаса. ГІадада ккела гьезул Дие гьабураб тІагІат, ГІадамазул гІадатал цІунизе халкъ тІамидал». Аллагьасул амруги рехун тун, гІадамазул гІадат цІунула нужеца. Цоги гьес абуна: – Нужерго гІадат цІунизе бокьун Аллагьасул амру нахъчІвазени махщел щун буго нужее! Мусал къануналда гурищ абун бугеб: «Дурго инсулги эбелалъулги адаб-хъатир гьабе!» Хадубги: «Жиндирго инсул яги эбелалъул хІакъалъулъ квешаб рагІи абурав чи чІвазе ккола». Амма нужеца малъулеб буго: масала, пуланав чиясул ихтияр бугила инсуда яги эбелалда абизе нужее дидасан кколеб напакъа дица Аллагьасе къурбан, ай назру гьабунилан. Гьелдалъун нужеца чІезабулеб буго гьев чияс жиндирго инсуеги эбелалъеги кумек гьабичІониги гІолилан. Гьедин нужеца умумуздасан бачІараб гІадаталдалъун хвезабулеб буго Аллагьасул амру. Гьелда релълъаралги гІезегІан жал гьарулел руго нужеца. ТІадегІанав ГІисаца гьесда абуна: – Нужеца, фарисеяз, суркІа-щуруналъул тІасахун рахъ бацІцІад гьабун чураниги, нужер жанисахун рахъ хъантІиялъулги квешлъиялъулги цІун буго. ГІабдалзаби! ТІасан бихьулеб бижарас гурищ жанибехун бугебги бижараб?
Выбор основного перевода