Дицани нужеда абулеб буго: киданиги гьедаруге. ЗобалхІаянги гьедуге – зодисанин Аллагьасул амру рещтІунеб.
РакьалхІаянги гьедуге – ракьалдайин Аллагьасул кверщел тІибитІун бугеб. Иерусалималъул цІаралдалъунги гьедуге – гьеб буго кІудияв ПарччахІасул шагьар.
«Дир бетІералхІа», – янги гьедуге, дурго бетІералда цониги рас я хъахІлъизабизе, я чІегІерлъизабизе кІоларо дуда.
Бугелда бугин абе, гьечІелда гьечІин абе, хутІарабщинаб рагІи илбисалдасан бачІараб буго.
«Дир тах зобалазда буго. Ракь Дир хІатІазукь буго. Кинаб рукъ нужеца Дие балеб? – ан абуна БетІергьанас. – Яги Дие рахІат-хІалхьиялъе кинаб бакІ нужеца балеб?