Цоги нужеда лъала некІо рукІарал гІадамазеги: «Бараб гьа биххуге, нагагь мун гьедани, Аллагьасукьа хІинкъун гьеб гьа тІубазабе» – ян амру букІараблъи.
Дицани нужеда абулеб буго: киданиги гьедаруге. ЗобалхІаянги гьедуге – зодисанин Аллагьасул амру рещтІунеб.
РакьалхІаянги гьедуге – ракьалдайин Аллагьасул кверщел тІибитІун бугеб. Иерусалималъул цІаралдалъунги гьедуге – гьеб буго кІудияв ПарччахІасул шагьар.
Дур ракІчІун буго бецал чагІи дуца хадур цІалел ругин, бецІлъуда ругезе канлъиги кьолеб бугин,