Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Гьаб буго киназулго мунагьал чуризе гІоло тІолеб дир би – ЦІияб КъотІи щулалъиялъе тІолеб би. ХІарччида нахъаса тІаде вахъун, ГІисаца халгІат тІаса рехана, рачлихъ квербацІцІ бухьана. Гьедин дица, нужер МугІалимас ва ТІадегІанас, нужер хІатІал чурулел ругони, нужецаги чуризе ккола цоцазул хІатІал. Живго гьитІинлъизавуна, – лагъасул даражаялда чІана. Инсанасда релълъун вижарав ва инсанасул сурат жиндилъ лъугьарав Аллагь цо вуго, Аллагьасул ва инсанияталъул гьоркьохъанги цо Инсан вуго. Гьев ккола киназулго рецІалие живго кьурав МасихІ ГІиса. Гьебги ккола Аллагьас хъвараб заманалда загьирлъараб гІаламат! Квешабщиналдаса хвасарги гьарун ва рацІцІалъизеги гьарун, лъикІабщиналде гъира бугеб жиндирго хасаб халкълъун нилъ лъугьинаризелъун живго рецІалие кьуна МасихІица. Гьединго МасихІицаги цохІо нухалъ къурбанлъун гьавуна живго, гІемеразул мунагьал чуризелъун. ГІадамал мунагьаздаса рацІцІад гьаризе гуро гьев кІиабизе вачІунев, жив вачІиналъухъ ралагьун чІарал чагІи хвасар гьаризейин. ГІайибги мунагьги гьечІеб КьегІер гІадинав МасихІил къиматаб биялдалъун тархъанлъидалха нуж.
Выбор основного перевода