Къилбаялъул гьури пуйзе байбихьани, бакъул бухІи цІикІкІинин абула нужеца. БагІарараб бачІуна гьеб къо.
Бакъ къалъуде бахуна, бухІи цІикІкІуна, бухІараб гьури пула, хер бакъвала, гьелъул тІегь гъенон уна ва тІогьол тІолабго гьайбатлъиги хола. Жиндирго ишазде вуссун вукІаго вечІала бечедав чиги.