Берал канлъукъал ругони, тІолабго черхги бецІлъила. Дулъ бугеб канлъиги бецІаб бугони, кигІан бецІабха жибго бецІлъи букІинеб!
Щаян абуни, инсанасда жанисан, гьесул рекІелъан рачІуна квешал къасдалги, хъахІбалъиги, цІогьги, чІвай-хъвейги, зиначилъиги, хъантІи-къарумлъиги, ццинги, хІилла-макруги, пасалъиги, жахІда-хІусудги, бугьтанги, чІухІи-пахрулъиги, жагьиллъиги.
Гьедин цоял тІаса рищи бараб гьечІо инсанасе бокьи-бокьунгутІиялда ва гьесул хІаракат-жигаралда, Аллагьасул цІобалда бараб буго.
ЩагІихъанасул ихтияр гьечІищ цого хІатІалъул гьайбатаб сурахІиги гІадатияб хъабаги гьабизе?