ГІисае вокьулев вукІарав муридас Пётрида абуна ТІадегІанав вугин довилан. ТІадегІанав абураб рагІи гьесул кІалдиса къватІибе бачІарабго, Симон Пётрица ретІел ретІана (хІалтІулеб мехалъ ретІел бахъун букІана гьес) ва лъадалъе кІанцІун рагІалде лъедезе лъугьана.