Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Гьелъул бицунел гьел рукІаго, тІаде вачІун, ракълида хутІагийилан саламги кьун, рукъ бакьулъ вахъун чІана ГІиса. ХІинкъун, хІал хисун ругел гьезда ракІалде ккана хваразул рухІ бугин гьебилан. ГІисаца гьезда абуна: – Щай нуж рихха-хочулел? Щай нуж щакдарулел? Гьанире ралагье: гьале дир кверал, гьале дир хІатІал. Дун вуго нужеда цеве вахъун чІун. Квер хъван хал гьабе нужецаго. Хваразул рухІалъул рукьбиги рукьбузда гьанги букІунебищ? Дир черхалда бихьулеб бугогури нужеда гьеб. Гьединги абун, жиндирго квералги хІатІалги рихьизаруна ГІисаца гьезда.
Выбор основного перевода