Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
От Матфея
Параллельные места
Амма гьелъ вас гьавизегІан, аскІов вегун, гьелда квер хъвачІо Юсупица. Васасда цІарги ГІиса абун лъуна. ГІенеккея, дур ургьибе лъимер ккела, ва дуца вас гьавила. ГІиса абун лъела дуца гьесда цІарги. Микьго къо байдал, Васасе сунат гьабураб мехалъ, гьесие кьуна эбелалъул ургьив гьев хулилалдего малаикас абун букІараб ГІиса абураб цІар. Нахъисеб къоялъ ГІиса жиндаго аскІове вачІунев вихьидал, ЯхІяца абуна: – Гьале дов – гьаб гІаламалъул мунагь тІаде босун къурбанлъун лъугьине бугеб Аллагьасул КьегІер. Гьесдалъун гурони хвасарлъи гьечІо. Гьалъаб зобалда гъоркь гІадамазе кьурал цІаразда гьоркьоб цоги батІияб цІар гьечІо, жиндалъун нилъ хвасарлъулеб. Давудил наслуялдаса витІилин абун рагІи кьун букІарав ГІисаги витІун вачІана Гьес Исраилил халкъ хвасар гьабизе. Гьединлъидал, дир вацал, нужеда лъан букІа ГІиса сабаблъун нужер мунагьал чуранилан лъазабулеблъи. Мусал къануналда рекъон Аллагьасда цере ритІухълъизе кІвечІебщиналъулъ ГІисадалъун ритІухълъила гьесде иман лъуравщинав чи. Дун тІубанго божула Рохалил хабаралда. Киналго иман лъуралал – цин жугьутІал, цинги цогидал халкъал – хвасарлъизарулеб илагьияб къудрат буго гьеб. Квешабщиналдаса хвасарги гьарун ва рацІцІалъизеги гьарун, лъикІабщиналде гъира бугеб жиндирго хасаб халкълъун нилъ лъугьинаризелъун живго рецІалие кьуна МасихІица.
От Матфея
Выбор основного перевода