Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
От Матфея
Параллельные места
ЦІакъ кІудияв чи вахъина гьесул. ТІадегІанав Аллагьасул Василан абила гьесда. Жиндирго эмен Давудил тах кьела Аллагьас дур васасе. ТІехьалда бугин абулеб букІана гьез, Давудил наслуялда вахъинин МасихІ ва Давудил росулъ – Бетлегьемалда – гьавилин гьев. Гьев авараг вукІиндал, гьесда лъалаан Аллагьас гьесие гьедун къотІи гьабун букІин гьесул кьибилалда вижарав цояв жиндир тахида гІодов чІезавилилан. Давудил наслуялдаса витІилин абун рагІи кьун букІарав ГІисаги витІун вачІана Гьес Исраилил халкъ хвасар гьабизе. Инсан хІисабалда Давудил наслуялъул васлъун кколев, Илагьияб РухІалъул рахъалъ босани, кІудияб къудраталъ хваралъуса вахъинавидал, Аллагьасул вас вукІин загьирлъарав нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІил хІакъалъулъ хабар буго гьеб. Гьединго Аллагьасги рагІи кьун букІана «Ибрагьимиеги гьесул наслуялъул чиясеги». Гьес «наслуйилан» (гІемерал чагІийилан) абун гьечІо, «наслуялъул чийилан» (цохІо чийилан) абун буго. Гьеле гьев чи вуго МасихІ.
От Матфея
Выбор основного перевода