Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
Гьелдаса хадуб ГІиса Аллагьасул ПарччахІлъи тІаде гІунтІун букІин лъазабулаго ва Рохалил хабар бицунаго шагьаразда ва росабалъ тирулев вукІана. АнцІила кІиявго чапарги вукІана гьесда цадахъ. ГІисада цадахъ рукІана гьес сахлъизарурал ва жундуздаса рацІцІад гьарурал руччаби: жиндир чорхолъа гьес анкьго илбис бачахъарай Магдалина абураб тІокІцІар бугей Марямги, Гьеродил рукъалъул иш тІадкъарав Хуза абулев чиясул лъади Иоаннаги, Сусаннаги ва цогидалги, жидер боцІи-рикъзиялдасан кумек гьабун, гьезие хъулухъалъе чІун рукІарал руччаби. Шамат къо индал, Магдалаялдаса Марямицаги, Якъубил эбел Марямицаги, Саломеялъги бичун босана ГІисал мусруялда бахине гьуинал махІазул нах. ГІисал хъанчида цере рахъун чІун рукІана гьесул эбелги, гьесул эбелалъул яцги, Клеопал чІужу Марямги, Магдалаялдаса Марямги.
Выбор основного перевода