Гьесие жавабалъе ГІисаца абуна: – Гьаб кІудияб кІалгІа бихьулагури дуда? ГанчІида лъураб цониги гамачІ хутІиларо гьаниб кІалагъоркье чІвачІого.
– Нижеда рагІана гьес абулеб гьаб инсанасул квераз гьабураб Мукъадасаб Рукъ щущазабила дица ва лъабго къоялде, лъицаниги квер хъвачІого, цІидасан банги кьелаян.
ГІисаца гьезие жаваб кьуна: – Нужеца гьаб Мукъадасаб Рукъ биххизабе, цинги лъабго къоялда жаниб дица гьеб цІидасан бала.