Гьесде гІунтІизабураб гІайиб рехсараб хъвай-хъвагІайги гьабун букІана хъанчида, «ЖугьутІазул парччахІ» абун.
КІиго хъачагъги вукІана гьесда цадахъ хъанчида ван: цояв кваранаб рахъалда, цояв квегІаб рахъалда.
Натанаэлица абуна: – Я, Рабби! Мун вуго Аллагьасул Васги, Исраилил халкъалъул ПарччахІги!
ВихьичІониги вокьулев вуго нужее гьев; гьанже вихьулев гьечІониги, гьесда божулелги руго. Бицун хІалкІолареб кІудияб рохел рещтІинабулеб буго гьелъ нужер рекІелъе,
Нилъеда божизе бегьичІониги, Гьесда божизе бегьула, Жинцаго жиндасаго инкар гьабизе кІоларелъул Гьесда.