Гьале гьел ГІисаде ахІдезе лъугьана: – Ле, Аллагьасул Вас, нижедасан щиб дуе къваригІараб? Заман щвелалдего нижее гІакъуба-гІазаб кьезейищ мун вачІун вугев? – абун.
Синагогаялъуве лъугьун вачІана хъубаб женалъ ккурав цо чи. Гьев ахІдезе лъугьана:
ва ахІдезе лъугьана: – ТІадегІанав Аллагьасул Вас ГІиса! Щиб дуе дидасан къваригІараб? Аллагьасул цІар бахъун гьарулеб буго дуда, дие гІазаб кьоге! – ян.
ГІиса вихьаравго чІчІичІчІидулаго-ахІдолаго гьесда цеве кІалагъоркье речІчІана, ва кІудияб гьаракь гьабун, абуна гьес: – ТІадегІанав Аллагьасул Вас ГІиса, щиб дуе дидасан къваригІараб? Дие гІазаб кьогейилан гьарула дица дуда!