Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
«Гьале гьав вуго дица тІаса вищарав дир рагьтІател. Гьав дие вокьула, дир ракІги бохун буго гьасдаса. Дица гьасулъ дирго РухІ лъолеб буго. Дир амру лъазабила гьас халкъазда. ГІисаца гьезие жавабалъе абуна: – Инеги ун, нужеца ЯхІяда бице нужеда рагІарабги бихьарабги: бецазда канлъи бихьулеб бугин, бохдулъа ракъварал рилълъанхъулел ругин, барасалъ унтарал рацІцІалъулел ругин, гІинкъазда рагІи рагІулеб бугин, хварал чІаголъулел ругин, мискинзабазда Рохалил хабар бицунеб бугин. Ва цоги малаик вихьана дида зоб бакьулъан воржун унев. Гьесухъ букІана ракьалда бугебщинаб миллаталда, наслуялда, мацІалда ва халкъалда бицине абадияб Рохалил хабар.
Выбор основного перевода