Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Амма Назареталда чІечІо гьев. Забулонил ва Нафталимил ракьалда, Галилеялъул ралъдал рагІалда бугеб Капернаум шагьаралде ун, гьенив чІана. Цинги гьел щвана Капернаум шагьаралде. Шамат къо тІаде щварабго, синагогаялъувеги вачІун, гьениб гІадамазе вагІза гьабизе лъугьана ГІиса. Чанго къоялдасан ГІиса нахъеги Капернаумалде вачІана. ГьебсагІат гІадамазда лъана гьев рокъове тІадвуссун вукІин. Жиндиего тарбия-лъай щвараб Назарет шагьаралде вачІана ва гьенивги, кидаго гІадин, шамат къоялъ синагогаялъуве ун, минбаралде вахана гІадамазе Илагьияб ТІехь цІализе. Цинги ГІисаги, гьесул эбелги, вацалги ва муридалги Капернаумалде ана. Чанго къо бана гьез гьениб.
Выбор основного перевода