Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Гьадинаб калимаялдалъун БетІергьанасги амру гьабулеб бугелъул нижее: «Киналго халкъазе чирахълъун гьавуна Дица Мун, дуниялалъул рагІалдеги дуца хвасарлъи щвезабизе». Гьез абун букІана МасихІ ГІисае гІазаб-гІакъуба кьезе бугилан, хваразда гьоркьоса тІоцеве тІаде вахъинеги вугилан ва нижер халкъалдаги цогидал халкъаздаги Нур бихьизе бугилан. Гьеб ганчІиде вортаравги щущан ине вуго, бортун бачІун гамачІ тІад речІчІаравги чІинтІизе вуго. Щай гьедин ккараб? Щайгурелъул, божи-иманалдалъун гуреб, Къануналъ рихьизарурал ишаздалъун ритІухълъизе бокьана гьезие. Нилъецайин абуни гІаламалда лъазабулеб буго хъанчида ван хвезавурав МасихІил хІакъалъулъ хабар. ЖугьутІазе гьеб буго гІасилъи, греказеги гьеб чІанда буго! Холезе ниж руго – хвалил махІ, хвасарлъулезе ниж руго – чІаголъиялъул гьуинаб махІ. Гьеб нижее бугеб тІадкъай тІубазабизе щал ярагьунел? Божи-иман бугел нужее къиматаб буго гьеб. Божуларезени – «Къадалъ лъезецин ярагьунарилан къадахъабаз нахъе рехараб гамачІ битІахъе цололъ лъун буго».
Выбор основного перевода