Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Аллагь гурхІун, гьес нилъее зодисан рогьел рещтІинабила, Хвалил бецІаб рагІдукь ругезе канлъи букІине, Ракълиде рачунеб нухги бихьизабила нилъеда. Гьез турки ахІулеб букІана: – БетІергьанас витІун вачІарав ПарччахІасда баркат лъеги! Зобалазда рекъел букІаги! ТІадегІанав Аллагьасе рецц! Божи-иманалдалъун ритІухълъизарун ругелъул, нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІидалъун Аллагьгунги рекъана нилъ. Аллагьас нилъее загьир гьабуна МасихІидалъун тІубазабизе кколеб букІараб жиндирго балъгояб мурад. Гьес нилъ рекъезаруна, жугьутІалги жугьутІал гурелги цого халкълъун лъугьинабуна, нилъеда гьоркьоб букІараб тушманлъиялъул къедги биххизабуна. ВачІун гьес ракълил рохел бицана Аллагьасдаса рикІкІалъун рукІарал нужедаги ва гьесде гІагарлъун рукІараздаги. Жиндаго лъикІ бихьухъе рижизарула Аллагьас нужелъ нужер къасдалги ишалги.
Выбор основного перевода