Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Якъубие гьавуна жинда МасихІилан цІар лъурав ГІисал эбелалъул – Марямил – рос Юсуп. Пётр абун тІокІцІар бугев Симоница жаваб кьуна: – Мун вуго хІакъав Аллагьасул Вас МасихІ! Дир ТІадегІанасул эбел къавулъе ячІинегІанасеб даражаялъул гІаданищха дун! Гьез дой гІаданалда абуна дуца бицаралдалъун гурин ниж гьанже божарал, нижедаго рагІаралдалъун божанилан ва хІакълъунго гІалам хвасар гьабизе вачІарав чи гьев вукІиналда ракІги чІанилан. ХІасил, Исраилил тІолабго халкъалда лъан букІа гьев нужеца хъанчида варав ГІиса Аллагьас ТІадегІанавлъунги ва МасихІлъунги гьавуравлъи.
Выбор основного перевода