Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16 17 18 19 20 21
Параллельные места
Сунат гьабилелдего, божи-иманалъухъ балагьун, гьев ритІухъ гьавуна Аллагьас. РитІухъав вукІиналъул мугьру гІадинаб гІаламатлъун лъугьана цинги Ибрагьимил сунат. Иман лъуразда гьоркьоса киналго сунат гьабичІезулги эменлъун лъугьана Ибрагьим, божи-иманалъухъ балагьун Аллагьас гьел ритІухълъизаридал. Гьеб къваригІелги тІубан, дозие бакІарараб садакъадул гІарац дицаго гьенибе щвезабураб мехалъ, гьенисан Испаниялде ина ва нухдасан нужехъе щвезеги вачІина. Нуж хвасарлъанилан Рохалил хабарлъун бугеб ритІухъаб рагІи рагІараб мехалъин нуж МасихІиде цолъарал. МасихІиде иман лъедал, нужедаги Илагьияб РухІалъул мугьру чІвана. Аллагьасдасан бачІараб Илагьияб РухІ пашманлъизабуге, тІубанго тархъанлъараб къоялъе гьелъул мугьрулъидал нужеда чІван бугеб.
Выбор основного перевода