Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16 17 18 19 20 21
Параллельные места
ГІисаца гьезда абуна: – БахІарав аскІов вугебгІан мехалъ гьес берталъе ахІарал гьудулзаби къваридго-пашманго рукІине бегьилищ? РачІина бахІарав гьезухъа вахъун арал къоялги, гьеле гьебмехалъ кквела гьез кІалги. – Зобалазул ПарччахІлъи релълъуна жиндирго васасе бертин гьабулев вукІарав цо парччахІасда. ГІисаца гьезда абуна: – БахІарав аскІов вугебгІан мехалъ, гьес берталъе ахІарал гьудулзаби квана-гьекъечІого кІал ккундайха рукІинел? БахІарав аскІов вугебгІан мехалъ гьез кІал кквезе бегьуларо. Лъадалъ ччун рахъунги ва рагІудалъунги гьел рацІцІад гьаризе жинца рухІ кьурал иман лъуразул агьлу МасихІие бокьулеб гІадин, росабазе лъудбиги рокьа. МасихІие бокьун буго гьеб иман лъуразул агьлу жинда цебе гьайбатго бихьизе, – тІанкІ гьечІого, рукІкІел гьечІого ва цогидаб сакъатги гьечІого. БацІцІадабги гІайиб-хатІа гьечІебги букІине бокьун буго.
Выбор основного перевода