Гьесул хІакъалъулъин ТІухьдузда хъван бугеб: «Гьале, мун вачІиналде дуе нух къачІазе дирго илчи вуго дица цеве витІулев».
Ишая аварагасул тІехьалда ругел Аллагьасул рагІаби ритІухълъана: «Гьале, мун вачІиналде дуе нух къачІазе дирго илчи вуго дица цеве витІулев»;
гьес инкар гьабичІо, гьев мукІурлъана – жив МасихІ гурилан мукІурлъана ЯхІя.
ЯхІяца жаваб кьуна: – Дун вуго, Ишая аварагас абухъе: «БетІергьанасе нух къачІайилан авлахъалда ахІдолев вугев чи!»
Дида хадув вачІунев вуго гьев. Гьесул хьитил рухьен бичизецин мустахІикъав гьечІо дун.
Жиндирго гьеб нухлул ахиралде щолев вугеб мехалъ, ЯхІяца абуна: «Нужеца дун щивлъун рикІкІунев вугев? Дун Дов гуро. Дидаса хадув вачІине вуго жиндир хьитил рухьен бичизецин дун мустахІикъав гьечІев чи».