ГІисаца абуна: – РакІ къварилъун рукІунге нуж. Нужерго Аллагьасде иман лъе, дидеги иман лъе.
Дица гьаб нужеда бицана, дилъ нужеда рекъел батизе. Гьаб дуниялалда нужее гІазаб-гІакъуба букІина. Амма нуж къвакІун чІа. Дун гьаб дуниялалдаса бергьана.
Аллагьасдасан рещтІунеб ва гІадамасул гІакълу хадуб гІунтІуларебгІан тІадегІанаб хІалхьи-парахалъи лъугьина нужер ракІазулъе. МасихІ ГІисал нухдаса таруларедухъ цІунила гьелъ нужер ракІалги пикрабиги.