Щай абуни, дир цІаралъе гІоло кІиго яги лъабго чи данделъани, гьезда гьоркьов дунги вукІуна.
Цо цІияб амру гьабила дица нужее: цоцазе рокьа нуж. Дие нуж рокьарал гІадин рокьа нуж цоцазеги.
Авалалдаго нужеда рагІарабщинаб нужелъго цІуне. Авалалдаго рагІарабщинаб нужелъ хутІани, нужги хутІулелха Инсулъги Васасулъги.
Мукъадасаб Рукъалдаги гьересиаллагьзабаздаги гьоркьоб кинаб хурхен-рухьен букІунеб? Нилъ ругелъулха хІакъав Аллагьасул Мукъадасаб Рукълъун. Илагьиял ТІухьдузда хъван бугелъул: «Дун гьезухъе рещтІина, гьезда цадахъ вукІина, гьезул Аллагьлъун лъугьина, ва гьелги дир халкълъун лъугьина, – ян абулеб буго БетІергьанас.