Гьеб къоялъ нужеца дида щибниги гьикъиларо. ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: нужеца щиб гьараниги, дир цІаралъе гІоло, кьела нужее дир Инсуца.
Дир цІар рехсон нужеца гьанжелъагІан щибниги гьаричІо. Гьанже гьаре нужерго, гьарараб щвела, нужер рохелги тІаса камиларо.