Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
Мун жугьутІав вугилан рикІкІуна дуца, Къануналъ мун хвасар гьавилилан ракІчІун вукІуна, Аллагь нижехъан вугилан веццардула, Дуе Къанун рещтІун бугилан веццарула мун, амма дуца гьеб Къанун хвезабула ва гьелдалъун Аллагь хІакъир гьавула. Гьединлъидал Аллагьасда цеве веццаруге щивниги. Аллагьасин нуж нилъее гІакъиллъилъун лъугьарав МасихІ ГІисагун цолъизарурал. МасихІица нилъ ритІухълъизаруна, рацІцІалъизаруна, тархъанлъизаруна. Гьединлъидал, ТІухьдузда хъван бугеб куцалъ: «Веццаризе бокьарас БетІергьан вецце!» Нужер ишазухъ щвараб шапакъат гурин гьеб, – гьелдаса чІухІуге щивниги.
Выбор основного перевода