Нилъер мунагьаб напс загІипаб бугелъул, Къануналда гьабизе кІвечІебги Аллагьас гьабуна. Инсанасул мунагьаб черхалда релълъараб черх бугев жиндирго Вас витІана гьес мунагьал чуриялъе къурбанлъун. Гьедин тамихІ гьабуна Аллагьас инсанасулъ бугеб мунагьалъе.
Гьанже кІола нилъеда Къануналъул киналго ритІухъал амруял щвалде щун тІуразаризе – нилъер мунагьаб напсалъе бокьухъе гуребха, Аллагьасул РухІалъ малъухъейин.