Нижее, жугьутІазе, тІокІлъи гьечІебищха? ГьечІо! Дица бичІчІизабунагури, жугьутІалги цогидал халкъалги – киналго мунагьалъул кверщаликь ругилан.
Кинабго Къануналъ абулеб бугебщинаб Къануналда рекъон хьвадулезе бихьизабураб букІин лъала нилъеда, – гьединлъидал жинда гІайиб гьечІилан лъицаниги кІал ричІизе бакІ гьечІо, Аллагьасда цебе тІолабго гІаламалда гІайиб чІвалеб буго гьелъ.
ТІухьдуз бицунеб буго тІолабго гІалам мунагьалъулъ къан бугин, – ГІиса МасихІида божарасе кьелилан рагІи кьун букІарабги иман лъуравщинав чиясе щвезе гІоло.