Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
К Римлянам
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
Антиохиялда бугеб иман лъуразул агьлуялда гьоркьор рукІана кашпу-карамалъи бугел гІадамал ва насихІатчагІи: Барнаба, Нигер абун тІокІцІар бугев Симеон, Киренаялдаса Лукий, Гьерод ханасда цадахъ гІурав Манаэн ва Шаул. Гьелдаса хадув Павел щвана Дербиялде ва Листраялде. Тимофей абун цо мурид вукІана Листраялда. Гьев вукІана иман лъурай жугьутІалъул вас, гьесул эмен вукІана грекав. Гьезда жахІда ккарал жугьутІаз, базаркъотІноре ун квешалщинал гІадамал ракІарун, шагьаралда багъа-бачари лъугьинабуна. Ясонил бакІалде рачІун гьез тІалаб гьабулеб букІана Павелги Силаги жидехъе кьеян. Гьесда цадахъ ана Бероялдаса Пиррил вас Сопатр, Фессалоникаялдаса Аристарх ва Секунд, Дербиялдаса Гай, Тимофей ва Асиялдаса Тихикги Трофимги. Дида цадахъ туснахъалъур рукІарал дирго халкъалъул гІадамазде – Андроникидеги Юниядеги буго дир салам. Чапарзабазда гьоркьор машгьурал ва дидасаги цере МасихІиде иман лъурал чагІи руго гьел. Дир халкъалъул чи Гьеродионидеги салам. Наркисил рукъалъул агьлуялда гьоркьоса иман лъураздеги салам.
К Римлянам
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Выбор основного перевода