ТІадегІанасе гІоло нужеца гьелда дандчІвай гьабе Аллагьасул халкъалда рекъолеб къагІидаялъ. Гьелъие къваригІараб-таралъул рахъалъ кумекги гьабе. ГІемерал гІадамазеги диеги кумек гьабурай гІадан йиго гьей.
Асинкритиде, Флегониде, Гьермесиде, Патробасиде, Гьермасиде ва цогидалги гьезда цадахъ ругел вацаздеги буго дир салам.