Дида цадахъ туснахъалъур рукІарал дирго халкъалъул гІадамазде – Андроникидеги Юниядеги буго дир салам. Чапарзабазда гьоркьор машгьурал ва дидасаги цере МасихІиде иман лъурал чагІи руго гьел.
Нужеде салам буго дир кумекчи Тимофейил, дир халкъалъул гІадамаллъун ругел Лукийил, Ясонил ва Сосипатрил.
Хлоял рукъалъул агьлуялдасан дида рагІун бугелъулха, вацал, нужеда гьоркьоб рикьи ккун бугилан.