Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4
Параллельные места
Лъадаца чурун хвел гІахьалаблъун гьабидал, гьесда цадахъ хабалъги рукъана нилъ. Инсул кІудияб къудраталдалъун хваралъуса вахъинавурав МасихІида релълъун, гьанже нилъедаги кІола цІияб гІумру гьабизе. Мунагьаб напс гуккулел къасдаз пасалъизавурав цевегосев инсанасул гІадинаб гІамал гІодобе рехе нужеца. Гьединлъидал, гьересиги рехун тун, щивас жиндаго аскІов вугесда битІараб бице. Цо Чорхол лугбилъидалха нилъ! Ццин гьалаглъараб мехалдагицин гьабуге нужеца мунагь. Нужер ццин бахъун букІаго бакъ тІерхьунгеги! Илбисалъе нуцІа къируге! ЦІогьодулев вукІарав цІогьодуге, жиндирго кверал квалквадун магІишат гьабизе лъугьа, язихъасеги кьезе рес букІине. НасихІат гъорлъ бугеб ва гІенеккаразе сундулъго пайдаяб гурони, цониги квешаб рагІи бачІунгеги нужер мацІалде. Аллагьасдасан бачІараб Илагьияб РухІ пашманлъизабуге, тІубанго тархъанлъараб къоялъе гьелъул мугьрулъидал нужеда чІван бугеб. Нужеца рехун те хІалуцин, ццидахин, гьалаглъи, ахІи-хІур, хьандей ва цогидалги квешал хасиятал. Гьанже гьанир нугІзал накІкІалгІан гІемерлъун ругелъул, нухда батарабщинаб гамачІги нахъе рехун, нилъеда хурхине лъугьанщинаб мунагь-хатІаги батІалъизабун, сабруялда рекерилин, цебе бугеб манзил лъугІизегІан.
Выбор основного перевода