Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4
Параллельные места
Нилъеда лъала цеве нилъелъ вукІарав инсан гьесда цадахъ хъанчида ван хваравлъи – нилъелъ бугеб мунагьалъул къуват лъугІизе ва мунагьалъул лагъзаллъун нилъ хутІунгутІизе. Гьедин нужецаги нужго рикІкІе, МасихІиде цолъун, мунагьалъе хвараллъун, Аллагьасда цере чІагояллъун. Сунцаго рекІее асар гьабулареллъун лъугьун, хІарамабщиналъ гІорцІулел гьечІо гьел, напс ккун чІезабулеб чІолохъжоги гьез бахъун рехун буго. ХъахІбалъи, пасалъи ва чияр боцІуде хъантІи гІадинал жалазул цІар рехсезецин бегьуларо нужеца. Иман лъуразул агьлуялда гьеб рекъараб гьечІо. ХъахІбалъи, ракІ хъублъи ва хъантІи ккола гьересиаллагьзабазе лагълъи гьабилъун. Гьединаб гІамал бугев цониги чиясе МасихІилги Аллагьасулги ПарччахІлъиялъул бутІа щолареблъи лъай нужеда.
Выбор основного перевода