Нижелъ буго рацІцІалъи, лъай-гІакълу, сабру, ракІлъикІлъи, Илагьияб РухІ, унго-унгояб рокьи,
ЧІухІи-пахрулъи чІвараллъун, гІодоре риччараллъун рукІа. Цояз цоял хІехьон, цоцазе рокьун, сабруялда хьваде.
Цоцазда гьоркьор лъикІ рукІа, хІеренго рукІа, цоцада тІасаги лъугьа, МасихІие гІоло Аллагь нужеда тІасалъугьарав гІадин.