ГІадамил Лъимерги жиндие лъицаниги хъулухъ гьабизелъун гуро вачІарав. Гьев вачІун вуго цогидазе хъулухъ гьабизе ва гІемеразе гІоло рецІалие жиндирго рухІ кьезе.
РагІи инсанлъун лъугьана, баркаталъул ва хІакъабщиналъул цІурав инсанлъун лъугьун, нижеда цадахъ чІана. Нижеда бихьана гьесул кІодолъи – Инсул цохІо вугев Васасул кІодолъи.