ГІиса Ягьудиялдаса Галилеялде тІадвуссун вугилан рагІидал, гьесда аскІове вачІана дов чи, хвалде ккун унтун вугев жиндир вас сахлъизавизе жинда цадахъ Капернаумалде вилълъайилан гьаризе.
Къадаралде щвезехъин ругилан ккун, нижедаго божулел рукІинчІо, хваралъуса рахъинарулев Аллагьасде тІамун тун букІана.
Гьес хвасар гьаруна ниж гьеб гІасияб хвалдаса. Гьанжеги хвасар гьарулел руго, ва хадурги хвасар гьарилилан хьулги буго.