Титил рахъалъ абуни, гьев вуго дир гьалмагъ ва нужее хІалтІулев чи. Цогидал вацалин абуни, гьел руго иман лъуразул жамагІатаз ритІарал чагІи, – МасихІил цІар-рецц цІикІкІинабулел чагІи.
Нужеца Эпафродитихъ битІун бачІарабги кинабго щвана дихъе. Гьанже кинабго гІунги тІокІ буго дир. Биччанте нужер рахъалдасан гьеб букІине Аллагь разилъулеб къурбанлъун, махІ гьуинаб кьеккенлъун.