Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13
Параллельные места
Нилъер мунагьаб напс загІипаб бугелъул, Къануналда гьабизе кІвечІебги Аллагьас гьабуна. Инсанасул мунагьаб черхалда релълъараб черх бугев жиндирго Вас витІана гьес мунагьал чуриялъе къурбанлъун. Гьедин тамихІ гьабуна Аллагьас инсанасулъ бугеб мунагьалъе. Гьанже, Аллагь нужеда лъараб, битІун абуни, Аллагьасда нуж лъараб заманалда, щайха нуж дол щибго гьабизе кІоларел ва пайда гьечІел къуватазде нахъеги тІадруссунел, нахъеги ва нахъеги гьезул лагъзаллъун лъугьунел? Къанун – хІакъаб лъикІлъи гуро, гьеб ккола Аллагьасдасан бачІине бугеб лъикІлъиялъул рагІад. Щибаб лъагІалидаса лъагІалиде, хисиго гьечІого, цого тайпаялъул къурбанал гьарула Аллагьасе. Гьединал къурбаназдалъун Къануналда кІвелищ Аллагьасухъе рачІунел гІадамал камиллъизаризе? Аллагьасе къурбанал гьарулел гІадамал хІакъикъаталдаги жидерго мунагьаздаса рацІцІалъулелани, тІокІалъ гьезул рекІелъе лъугьинароан жал мунагьалъукь ругилан абураб пикру. Гьебмехалда киналгІаги къурбаналги гьаричІого телаан. Амма щибаб лъагІалидаса лъагІалиде къурбанал гьарула, гьелдалъун гІадамазда жидерго мунагьалги ракІалде щола. Щайин абуни, бусбузулги дугІбузулги биялда кІоларо мунагьал чуризе.
Выбор основного перевода