Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13
Параллельные места
Къануналъ рихьизарурал ишал Исраилил халкъалда гьоркьор тІуразарулел кашишзаби рукІана Левийил наслуялъул гІадамал. Гьел кашишзабаздалъун камиллъи щолеб букІарабани, цогидав кашиш, ай Гьарунил наслуялъул гурев, Мелкицедек гІадинав кашиш къваригІинароан. Нилъеда лъикІ лъала нилъер ТІадегІанав ГІиса Ягьудал наслуялдаса вукІаравлъи. Кашишзабазул бицунаго, Мусаца гьеб наслу рехсон гьечІо. Гьев ракьалда вукІаравани, кашишлъунцин вукІинароан. Ракьалда ругелъул Къануналда рекъон Аллагьасе къурбанал гьарулел кашишзаби.
Выбор основного перевода