Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13
Параллельные места
Ягьудае Тамарица гьаруна Перецги Зараги, Перецие гьавуна ХІецрон, ХІецроние гьавуна Рам, «Мунги, Бетлегьем, Ягьудал наслуялъул ракьалдайин бугеб, Ягьудал наслуялъул ракьалда ругел аслиял шагьараздаса къураб жо щибниги гьечІебин дур. Дур гьенив вахъина Дир хирияб Исраилил халкъалъул тІалаб гьабулев Цевехъан». ГІаминадаб, Админ, Арам, ХІецрон, Перец, Ягьуда, Инсан хІисабалда Давудил наслуялъул васлъун кколев, Илагьияб РухІалъул рахъалъ босани, кІудияб къудраталъ хваралъуса вахъинавидал, Аллагьасул вас вукІин загьирлъарав нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІил хІакъалъулъ хабар буго гьеб. Цо хІакимас дида абуна: «ГІодуге мун. Балагье, Ягьудал наслуялъул Давудил кьибилалъул гъалбацІ бергьана, гьединлъидал гьелда кІола, анкьабго мугьруги тІезабун, кагъат рагьизе».
Выбор основного перевода