Гьесда цадахъ ана Бероялдаса Пиррил вас Сопатр, Фессалоникаялдаса Аристарх ва Секунд, Дербиялдаса Гай, Тимофей ва Асиялдаса Тихикги Трофимги.
Дир хІакъалъулъ нужеда бицина дир хирияв диналъул вац ва ТІадегІанав ГІисал ишалъе хъулухъ гьабулев вугев Тихикица.
Гьединаб мурад букІунин дица гьев нужехъе витІарав. Гьес нижер ахІвал-хІал нужеда бицина ва нужер ракІбатизабила.