Воре, нуж рорчІуда чІа! Гьари-дугІаялде русса, нужго къосинарунгутІизе. Инсанасул рухІ – лебалаб, черх – загІипаб.
Цинги ГІисаца жиндирго муридазда, мисал бачун, бицана Аллагьасда гьардезе ккеялъул ва хьул къотІизе бегьунгутІиялъул хІакъалъулъ хабар.
Нужеда киназдаго гурхІагиян Аллагьасда гьарулебщинахъе дир рекІелъе рохел лъугьуна,
Нужер гьари-дугІаялдалъунги ГІиса МасихІил РухІалъул квербакъиялдалъунги дун хвасарлъизе вукІин лъала дида.
РорчІуда чІа ва кидаго Аллагьасе рецц гьабун гьари-дугІаялда рукІа.
Нижги дугІадулъ рехсе. МасихІилъ бугеб балъголъиялъул бицине нижер кІалаздаса кІулал ричІейилан гьаре Аллагьасда. Гьеб сабаблъунин дун туснахъалъув вугев.
Кидаго гьари-дугІаялда тІадчІа.
Сундулъго Аллагьасе рецц гьабе. Аллагьасе бокьун буго, гьел амруялги тІуразарун, МасихІ ГІисаде цолъараб гІумру нужеца гьабизе.