Ниж руго МасихІил вакилзаби ва Аллагьас нижер кІалдисан кІалъан гІадамазде ахІулеб буго Жинде руссаян. МасихІил цІар рехсон гьарулеб буго нижеца Аллагьгун рекъе нужилан.
Гьединлъидалин нужее – цогидал халкъазул гІадамазе – гІоло дун, Павел, лъугьун вугев ГІиса МасихІил туснахъавлъун.
Дида тІадаб куцалда гьеб баянго бичІчІизабизе дие рес ккагийилан гьаре нужеца.
БетІергьанасул цІоб лъеги Онесифорил кинабго рукъалъул агьлуялда: чанги дир рекІее хІалхьи лъугьинабуна гьес ва дун туснахъалда вукІиналдасаги намуслъичІо.