Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6
Параллельные места
Хадув хважаинас гьев веццулаан, сихІиргони гьабунин гьес гьеб ишилан. Гьедин гьаб дуниялалъул рукъ къачІалел чагІи жалго гІадал гІадамазда гьоркьор гІемерго сихІирал руго, ахираталъул рукъ къачІалездаса. Гьадинаб вагІза-насихІатги гьабуна ГІисаца гьезие: – Дун вуго гьаб дуниялалъул Нур. Дида нахъвилълъарав цониги чи бецІлъуда хьвадизе гьечІо. ГІумру гвангъизабулеб Нур гьесда цадахъ букІине бугелъул. Гьеб Нур нужгун бугебгІан заманаялъ, гьелда божа, нужго Нуралъул гІадамаллъун лъугьине. Гьединги абун, ГІиса нахъе ана ва гьезда аскІоса тІагІана.
Выбор основного перевода