Амма дие бокьун буго нужеда бичІчІизе: щивав чиясул бетІергьан МасихІ вуго, лъадиялъул бетІергьан рос вуго, МасихІил бетІергьан Аллагь вуго.
Кинабго гьесул хІатІикь лъуна Аллагьас. Кина-щиналдасаго кІодоги гьавуна. Иман лъуразул агьлуялъул бетІерлъунги гьавуна.
Лагъзалги хІинкъа-къан мутІигІлъе жидерго бетІергьабазе. МасихІие гьабулеб гІадин, ракІ-ракІалъго хъулухъ гьабе гьезие.