Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6
Параллельные места
Гьаб гІасияб гІасруялдаса нилъ хвасар гьаризе ва нилъер мунагьал чуризе, Инсул амруялдалъун, ГІиса МасихІица живго рецІалие кьуна. Кинабго гьесул хІатІикь лъуна Аллагьас. Кина-щиналдасаго кІодоги гьавуна. Иман лъуразул агьлуялъул бетІерлъунги гьавуна. ГІиса МасихІица Аллагьасул амру тІубазабидал, нилъ киналго мунагьаздаса рацІцІалъана, киназего гІоло цохІо нухалъ гьес жиндирго черх къурбанлъун гьаби сабаблъун. Гьедин цохІо къурбаналдалъун гьес абадул-абадиялъего камиллъизаруна жинцаго мунагьаздаса рацІцІалъизарурал гІадамал.
Выбор основного перевода