Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Гьебмехалъ муридаз хІукму гьабуна бугес бугелда рекъараб садакъа-напакъа Ягьудиялда ругел жидерго диналъул вацазе битІизе. Гьедин бакІарараб садакъа-напакъаги босун, гьез Барнабаги Шаулги ритІана Ягьудиялъул иман лъуразул бутІрузухъе гьеб щвезабизе. Цинги гьеб ккара-таралъул магІна бичІчІарав Пётр ана Маркилан тІокІцІар бугев Иоаннил эбел Марямил бакІалде. Гьенибе какде гІемераб халкъ бакІарун букІана гьеб сордоялъ. Саламиналде щведал, гьениб жугьутІазул синагогабазда Аллагьасул рагІи тІибитІизабизе лъугьана гьел. Гьезие кумекалъе цадахъ Иоаннги вукІана. Павелги гьесда цадахъ рукІаралги Пафосалдаса гамида рекІун ун, Памфилиялъул Перга абулеб шагьаралде щвана. Гьездаса ватІалъун Иерусалималде тІадвуссана Иоанн. Барнабае бокьана Маркилан тІокІцІар бугев Иоаннги цадахъ вачине.
Выбор основного перевода