Воре, нужеца сан гьавичІого тоге лъимер гІадин вугев гІадатияв цониги пулан. Щаян абуни, дица нужеда абулеб буго: гьединазул малаикзабазда кидаго кІола зобалазда вугев дир Инсуда бадире ралагьизе.
ХІинкъун, хІал хисун ругел гьезда ракІалде ккана хваразул рухІ бугин гьебилан.
Гьедин живго вацІцІад гьавун кІалъалев Павел вугеб мехалъ, Фест гьесде ахІана: – Павел, мун гІадаллъун вуго. ГІелмуялъул кутакалъ бетІер сверизабун буго дур! – абун.