Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
ТІаде вахъун, кверги борхун, Павелица гьадин абуна: – Я, вацал жугьутІал ва цогидалги Аллагьасукьа хІинкъулел гІадамал, гІенекке нуж дихъ! Гьале цо-цо гІадамаз цеве цун вачІана жугьутІаз кІалъазе тІамурав Александр абулев чи. ГІенеккейилан, кверги борхун, Александр халкъалда цеве жидеда гІайиб гьечІилан кІалъазехъин вукІана. Гьебмехалъ изну кьедал, болъодул хІокІида чІун, кверги борхун, халкъалдехун вуссана Павел. Киналго гІадамал сихІкъотІун чІараб мехалъ, жугьутІ мацІалда кІалъазе байбихьана гьес.
Выбор основного перевода